Буйнакскалъул МахIачхъалаялъулаб шоссеялда бугеб мажгиталде рузманалъе рачIарал чагIи ккун руго полициялъулаз. «Кавказский узел» агентствоялъ хъвавухъе, 15 чи шагьаралъул полициялъул бутIаялде вачун руго.
Рузман-как байбихьилелда мажгиталде цебе 4-5 щуго полициялъул УАЗик бачIун буго. Гьурмазда маскаби ххурал къуваталъул идарабазул 20 хIалтIухъан гьезда вачIанин бицун буго мажгиталда вукIарав чияс.
Полициялде рачарал чагIазул килщазул суратал рахъана, паспортазул копиял гьаруна. Профилактикаялъул сияхIалде гьел росанин абун буго гьезда полициялъул бутIаялда.
ТIадежоялъе, мажгиталдаса къватIир рачIунел чагIи видеоялда рахъулел рукIун руго низам цIунулез. Буйнакскалъул полициялда мажгиталда букIараб тадбиралда тIаса баянал журналистазе щвечIо.