Ссылки для упрощенного доступа

Мемориал: Сталиние бакI музеязда буго


Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъ лъазабулеб буго Сталиние памятникал лъей нахъегIанаб ишлъун бихьулин жидеда. ГIуцIиялъ тIибитIизабураб пресс-релизалда хъван буго, санаидаса санаиде бергьенлъиялъул къо кIодо гьабизе заман щвейдал Сталиние памятникал лъеялъул харбал раккулин.

«Сталинил гIадал такъсирал Россиялъул тарихалда лъицаниги гьаричIо. Гьел такъсирал гьаризе гьев заманалъ тIамунин аби мекъаб жо буго», - илан рикIкIунеб буго гIуцIиялъ.

«Мемориалалъул» лъазабиялда рекъон, Сталинил суратал къватIазда лъейги мекъаб ишлъун ккола. Тарихалдаса Сталинил лъалкI тIагIизабизе кколин абулеб гьечIин жидецаилан, мухIканлъизабулеб буго жидерго позиция гIуцIиялъ. Гьез хъвавухъе, диктаторазул бакI музеязда, тIахьазда, тарихиял цIех-рехазда буго.

XS
SM
MD
LG