Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъул коммунистал - хIукуматалде данде чIана


ТIоцебесеб Маялда Москваялда тIоритIана махшелчагIазул цолъиялъул, политикияб партиязул ва жамгIиял гIуцIабазул хьвадиял ва демонстрациял. Полициялъул баяналда рекъон БагIараб майданалда гIаммаб къадаралда 140 азарго чи вачIун вугоан.

Аммаила, дурус гьабулеб буго нижер радиоялъул мухбирзабаз, хIакъикъаталда ракIкIарарал гIадамазул къадар бицаралдаса чанги нухалъ дагьаблъун букIун буго. Коммунист партиялъ тIобитIана Донбассалъе хIалае митинг.

Коммунистаз тIалаб гьабуна Россиялъул хIукумат биххи. Коммунистазе хIалае рачIун рукIана «Надежда России» абулеб руччабазул багъа-бачари, ГIолохъанал коммунистазул цолъи ва цогидал.

XS
SM
MD
LG