Киевалда халат бахъунеб буго Украиналъе хIалае гIуцIараб халкъаздагьоркьосеб конференция. Горкьор лъурал суалал – экономика цебетIезабиялъул, Донбассалда рукIарал рагъулал ишазул хIасилалда риххарал территориял цIигIуцIиялъул ва цогидал.
Конференциялда гIахьаллъи гьабулеб буго батIи-батIиял улкабаздаса 270-гIан вакилас. Аслияб къагIидаялда – бизнесменал.
Конференциялда кIалъазе вахъарав Украиналъул президент Петр Порошенкоца абуна, рагъ щибаб параялъ цIидахъан багъаризе рес бугин.
Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица жиндирго видео-хитIабалда абуна, Америкалъул хIукуматалъул хиял бугин гьаб гIагардисеб заманалда Украиналъе хIалае миллиард доллар биччазе гIадамазе кредитал кьезе гIоло ва жеги цо миллиард доллар – гIарцул кумек хIисабалда.
Канадаялъул гражданлъиялъул ва иммиграциялъул министрасги рагIи кьуна Украиналъе 50 миллион доллар кьезе.