Дунялалъул КIиабилеб рагъда нацистазул Германиялда тIад бергьенлъи гьабуралдаса 70 сон тIубай Берлиналда кIодо гьабизе хиял букIарал «Сардил бацIалилан» абурал Россиялъул байкеразе Европаялде нух къан буго Польшаялъги Чехиялъги.
Гьезие цере кьурал визаби нахъе рахъизе руго Германиялъги. Талат къоялъ Бресталда букIине буго байкеразул пресс-конференция. Гьадин лъазабуна гъозул бетIер Андрей Бобровскияс.