Непалалда букIараб кутакаб ракь багъариялъул хIасилалда ахирисел лъазабиязда рекъон 3700 чи хун вуго. ТIадтаразул хIисабалда чIваразул къадар 5000-ялде бахине рес буго. 6000-гIан чи лъукъун вуго.
Балагь ккараб бакIалда гIадамазе гIолеб гьечIо лъимги, кванил сурсаталги, даруги. ГIадамаз тахшагьар Катманду хехго тун, къватIирехун реккерулел руго. Мадугьаллихъ бугел улкабаз гIедегIулел руго гуманитарияб кумек гьабизе.