Ссылки для упрощенного доступа

ГьатIан къоялда Непалалда цIидаса багъарана ракь


ГьатIан къоялда Непалалда цIидаса багъарана ракь. Гьелъул магнитуда букIана 6,7 балл. Гьелъул эпицентр букIана улкаялъул тахшагьар Катмандуялдаса 60 килолметралъул манзилалда.

Шамат къоялда 7,9 баллалъул ракь багъариялъул хIасилалда, ахирисел лъазабиялда рекъон хун вуго кIиазаралдасаги цIикIкIун чи. Эверест мегIералдаса гIанси ччукIиялъул хIасилалда хун вуго гьединго бищун дагь босун 22 чи. Нухмалъиялъ хинкъи загьир гьабулеб буго къурбаназул къадар цIикIкIун букIине бегьиялда бан.

Риххун руго аза-азар минаби. Гьездаго гъорлъ чанго тарихияб рахъалдаса къимат кIудиял объекталги.

Ракь багъариялъул асар щун буго Индиялдеги, Пакистаналдеги, Бангладешалдеги, Китаялъул Тибеталдаги. Непал тун къватIив хун вуго бищун дагь босун 60 чи.

Россиялъ, Цолъарал Штатаз ва Китаялъ Непалалде ритIана жидерго хвасарчагIазул къокъаби. ТIабигIияб балагь ккараб бакIалда хIалтIулел руго Халкъаздагьоркьосеб БагIараб ХъанчIалул, «Оксфам», «ГIорхъаби лъаларел медикал» ва Британиялъул «Христианазул кумек» абураб гIуцIабазул вакильзаби.

XS
SM
MD
LG