2000-гIанав чи хун вуго Непалалда ракь багъариялъул хIасилалда. Гьелъул магнитуда букIун буго 7,9 балл. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Reuters агентлъиялъ улкаялъул жанисел ишазул министрасда базабун.
Биххун буго нус-нус мина, гьездаго гъорлъ 19 гIасруялда бараб Дхарахара абураб хъалаги. Гьелъул чIватIелазда гъоркь вукIине бегьулин бищун дагь босун 50 чийин, лъазабулеб буго бакIалъулаб нухмалъиялъ.
Ракь багъариялъул хIасилалда Эверест мегIералда чIукIун буго кIудияб гIанси. Къан буго Непалалъул тахшагьаралъул аэропорт, чIезабун буго тарнспорталъул хьвади. ГьечIо телефоналъул бухьен ва гьоркьоб къотIизабун буго электроэнергия кьей.
Цолъарал Шатазул Геологияб хъулухъалъул хIисабалда рекъон, ракь багъариялъул эпицентр букIун буго улкаялъул тахшагьар Катмандуялдаса 80 километралъул манзилалда I5 километралъул гъварилъиялда.
Ракь багъариялъул асар щун буго Пакистаналдеги Индиялдеги.