Германиялъул къватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайерица Евроцолъи ахIана гIагарисеб заманалда Украиналъулгун эркенаб дарам гьабиялда хурхараб Россиялъул ургъелазул багьанаби тIагIинариялде.
Еврокомиссиялъул бетIер Жан-Клод Юнкерихъе битIараб гьесул кагътида ахIулел руго гьединго «практикиял къагIидаби» ратиялъул мурадалда Евроцолъиялдаги, Украиналдаги Россиялдаги гьоркьор лъабгорахъалъулал кIалъа-басаял халат рахъинариялде.
Россиялъ протест загьир гьабун букIана Украиналъги Евроцолъиялъги гъулбасараб ассоциациялъул къотIи-къаялда бихьизабураб эркенаб дармил зона рагьиялда хурхарал планазда бан.
Россия данде чIун букIиналъе гIоло хIалтIизе биччан букIинчIеб къотIи-къай рухIалде бачIине кколеб буго хадусеб соналъул байбихьуда.