ПАСЕялъул нухмалъулей Анн Брассерица Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьюялда лъазабуна, Европаялъул Мажлисалда бажарулин ва гьелда тIадабги бугин Украиналда щулияб рекъел чIезабиялъул ишалда аслияб роль хIазейин.
Гьелъул рагIабазда, Страсбургалда унеб Европаялъул Мажлисалъул Парламентияб Ассамблеялъул ихдалил сессиялдаги загьир гьабуна улкаялде парахалъи нахъе буссинабиялъе бищунго къваригIараб жо Минскалъул къотIи-къаял ва кьвагьдеялдаса инкар гьабиялъул режималъул тIалабал тIуразарийялъул пикру.
ПАСЕялъул бетIералъ гьединго лъазабуна, цебесеб соналъул апрелалда Крымалъул аннексия гьабун хадуб къабул гьабураб Россиялъул делегация гьаркьидаса махIрум гьабиялъул хIукму рухIалда хутIулеб бугин.