Россиялъул министразул кабинеталъ хIукму гьабуна данде бакIаризе тIадаблъун кколеб пенсиялъул бутIа нахъе бахъичIого тезе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас хIукуматалъул данделъи рагьулаго. Гьесул рагIабазда, гьединаб галиялъул рахъ ккун буго гIемерисел экспертазги гражданазги.
Данде бакIаризе тIадаблъун кколеб пенсиялъул бутIа хутIизабиялъул рахъ ккун буго гьединго хIукуматалъул финансазул блокалъги Россиялъул банкалъги. Гьез жидерго аргументал хурхинарун руго пенсиязе данде бакIарулеб гIарац гьаб заманалда хIакъикъаталдаги экономикаялъе хIалтIизабиялъе бугеб цого цо рес букIиналда.