МахIачхъалаялъул цояб мажгиталъул будун ГIибадулла Наботовасе хасаб низам чIезабун буго полициялъулаз. Граната ва наркотикал цIуниялъулъ гьев гIайибавлъун вукIине бегьулин, лъазабуна МахIачхъалаялъул Совет мухъалъул диваналда.
Диванлъул хIукмуялда рекъон, кIиго моцIалъ рокъоса къватIиве вахъине рес гьечIо будунасул.
Венгразул рагъухъабазул цIаралдалъун къотIноб бугеб салафитазуллъун рикIкIунеб мажгиталъул будунлъун ккола Наботов. Гьев полициялъулаз ккуна 14 апрелалда.
Гьесул гIагарлъиялда тIоцебесеб кIиго къоялда лъалеб букIун гьечIо, кив гьев тIагIаравали. Полициялъул бутIаялде ахIун вукIун вуго Наботов I4 апрелалда ва низам цIунулез лъазабуна бутIаялде гьев гранатагун наркотикалги цадахъ росун вачIанин. ГIагарлъиялдаса чагIаз абулеб буго, гьел гьесие полициялъул хIалтIухъабаз реханин.