Россиялъ рахъ ккурал сепаратистазда ва Украиналъул солдатазда гьоркьоб кколел тунка-гIусиял гIемерлъулел ругин лъазабулеб буго ОБСЕялъул хасаб комиссиялъ. Гьелъул докладалда рекъон, Донбасалда чанги кьвагьдеял ккана. Комиссиялъул пресс-секретарь Михаил Боцюркивас абухъе, мисалалъе, 14 апрелалда Донецкалъул аэропорталда гIагарда анлъго сагIаталда жаниб 700-ялдаса цIикIкIун кьвагьи ккана.
15 апрелалда тIобитIараб Украиналъул хIукуматалъул данделъиялда премьер-министр Арсений Яценюкица абуна Россиялда божилъи жиндир хванилан, щайгурелъул Минскалда гъулбасараб къотIи-къаялда рехсараб низам Россиялъ хвезабулеб бугин. Гьес абуна сепаратистаз провокациял гьарун хадур гурони Украиналъул солдатал рортулел гьечIин кьвагьиязда гIахьаллъизе. Владимир Путинил администрациялъ Донбасалда цIидасанго байбихьараб тунка-гIусиялда тIаса баянал жеги тIатинаричIо.