Ираналъул ядернияб программаялда тIаса гъулбасизе бугеб къотIи-къаялъ дуниялалда хIинкъигьечIолъи чIезабизе кумек гьабизе бугилан абуна Америкаялъул Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица. Гьеб къотIи-къаялда рекъон, Евроцолъиялъул улкабаз, СШАялъ ва цогидал улкабаз Иран санкциябаздаса эркен гьабила, Ираналъ ядернияб программа чIезабуни.
Ираналъул президент ХIасан Роханица абуна хьул бугин къотIи-къай гъулбасарабго санкциял нахъе рахъилин. Гьеб гъулбасизе ккола 30-леб июналда.