КIудияб Британиялъул аскарияз шамат къоялъ байбихьана Joint Warrior абулеб жидерго кидагосеб гIадатияб рагъулаб яравуллъи. Гьеб халат бахъине буго кIиго анкьида жаниб.
Гьелъулъ гIахьаллъи гьабулеб буго НАТО-ялъул улкабаздаса 13 азарго ралъдал аскарияз, роржарухъабаз ва солдатаз, ян лъазабуна Британиялъул прессалъ.
Рагъулаб хIалбихьи тIобитIулеб буго Шотландиялъул ралъдал рагIаллъиялда. НАТО-ялъул командованиялъ абулеб буго гьеб яравуллъиялъул мурад – Россиялдаса хIинкъулел НАТО-ялъул мушавара-улкабазул гIадамазул ракI паракъалъизаби.