Цолъарал Штатазул Президент Барак Обамаца Америкалъул улкабазул ГIуцIиялъул саммиталда цеве вахъун абуна, жиндир хьул бугин Кубагун цIиял бухьенал разе.
ЦIорораб рагъ лъугIанин ва жив дунялалда гьавизегIан байбихьараб дандечIей халат бахъинабизе жидее бокьун гьечIо, ян абуна Обамаца.
Гьединаб саммиталда тIоцебесеб нухалъ гIахьаллъана Кубаялъул цевехъан Рауль Кастро.
Гьес жиндир иргаялда лъазабуна жив Цолъарал Штатазулгун диалогалде хIадурав вугин.