Ссылки для упрощенного доступа

ГУПалъул совхоз гьабеян чIун руго тIидисел


Гьал къоязда Арбитражалъул диваналъ инкар гьабуна ТIидиб росулъа ичIго чиясул гIарзаялъе. Гьез тIалаб гьабулеб букIана жидер росдал совхозалъул бакIалда гIуцIараб пачалихъиябгун унитарияб абулеб предприятие мекъаб букIин чIезабизе.

Амма диваналъ жаваб кьуна гьединан жидехъе хитIаб гьабизе бихьизабураб заман лъугIанилан.

ТIидисезул совхоз пачалихъияб унитарияб предприятиялде сверизаби мекъаб хIукмулъун рикIкIеян хитIаб тIидисез Дагъистаналъул Арбитражалъул диваналде щуго моцIалъ цебе гьабун букIана. Гьеб гIарзаялда гъоркь буго ичIго чиясул цIар. Масала, гьезул цояв ккола ЭР-гун гара-чIвари гьабурав Бакар МухIамадов.

Гьевги диваналде хъвараб гIарзаялда гъоркь цIарал рихьизарурал гьесул гьалмагъзабиги 2005 соналде щвезегIан хIалтIулел рукIун руго тIидисезул магIишаталда. ГIицIго гьеб мехалда лъан буго гьезда совхозалъул бакIалда пачалихъияб преприятие гьабун букIин.

Жибго гьединаб хиса-свери магIишаталда 2000 соналдаго гьабун буго. Уставалда хъвавухъе, гьелъул учредительлъун, ай предприятие гIуцIараб идаралъун рикIкIунеб буго республикаялъул росдал магIишаталъул министерлъи. Амма гьеб кинин гьенибе гьоркьобе ккарабин гьикъулеб буго тIидисез. Совхозалъул мал-мулк гьеб министерлъиялъухъе кьезе ккани, гьелъул кинабгIаги кверщел букIине кколароанила жидеца гIуцIараб магIишаталда.

2014 соналъул апрелалдайин абуни Халкъияб Мажлисалъ къабул гьабуна пачалихъияб мал-мулкалъе приватизация гьабиялъул план. Гьенибе гъорлъе бачун букIана тIидисезул пачалихъиябгун унитарияб предприятиеги.

Бакар МухIамадовас абуна гIумруялъ гьеб совхозалда хIалтIарал чагIазе рикьизе кколаанин ракьулги цогидалъулги бутIаби.

Бакар МухIамадов: «Нижер мухъалда гьеб жо лъицаниги гьабун гьечIо – СПКян, ГУПин цIар хисун гурони, ракьул я цогидалъул бутIа кьун гьечIо. Дица юристазда гьикъана гьбе магIишаталъул буголъи мал-мулкалъул министерлъиялъухъе кьунин абураб кагъат букIине кколарищан. Гъоба буго ракь бугин жидехъин абураб документ. Ракь гьединги пачалихъалъул букIунелъул. Нижее бокьун букIана гьеб магIишат жамагIаталъухъе нахъеги кьун, гьенир хIалтIулаго гIумру арал, унти ккарал чагIи гьелъул бетIергьабилъун рахъине. Гьезул эбел-инсул гIи-боцIиги данде гьабунлъидал гьеб магIишат гIуцIун букIараб бачIинахъего. Амма гьеб нахъе кьеялда данде тIирун чIун буго росдал магIишаталъул министерлъиги мал-мулкалъул министерлъиги. Нижер совхоз букIана миллионер – 10-15 азарго бетIер гIидул, азаргогIан бетIер чIегIерхIайваналъул. Гьединаб магIишат букIанаха, амма кIолеб гьечIо гьезухъа гьеб нахъе бахъизе. ГУПалъул бетIергьанлъиялда бугеб бекьулеб ракьул 360 гектар бекьулеб гьечIо. Амма кинаб халгьаби тIобитIаниги, ГУПалъ гьеб ракь битIун хIалтIизабулеб бугин жаваб бачIуна росдал магIишаталъул министерлъиялдасан».

Диваналъул щуябго данделъиялда гьарулеб букIанин гьеб магIишат пачалихъиябгун унитарияб предприятиялде къануналда данде кколеб куцалда сверизабун букIиналъе нугIлъи гьабулеб кагъат босун рачIайилан бицана ЭР-ялъе Бакар МухIамадовас. Цинги ахиралда, анлъабилеб данделъиялда, лъазабунила гьединаб кагъат диваналде босун рачIине бихьизабураб болжал лъугIанилан.

Бакар МухIамадовас ЭР-ялъе бицаралдаса гIаксияб магIнаялъул баян кьолеб буго бицен гьабулеб ГУПалъул нухмалъулев Ункалов МухIамадица.

Ункалов МухIамад: «Совхозалъ бикьулеб жо букIунаро гьеб. Гьеб буго хIукуматалъул мал-мулк. Дие бокьун гьабураб жо гуро гьеб ГУП (пачалихъиябгун унитарияб предприятие – ЭР). Ельцин президентлъун вугеб мехалдаго гьабураб жо буго. Дие гъоб совхоз бугониги, ГУП бугониги батIалъи гьечIо – гъоб буго пачалихъалъул буголъи. Гьенисан бутIаби кьезе ихтияр букIунаро дир. Дун гьениве вачIана 1982 соналда. Дидаса цеве кIигониги нухмалъулевги хисана. Цин колхозалъул бакIалда гьабуна совхоз, цинги – ГУП. Совхоз гьабуна 1979 соналда. Гьеб мехалда щайха гъол пенсионерал руцIцIун чIун рукIарал? Гъоз хъвалеб жо гуро гъоб (диваналде гIарза – ЭР). Цо чи вуго гьелда нахъа. Диваналдеги рачIинчIого гIакIабиги къотIун руго гьезда тIад. Гьев Бакарица жиндирго вац хъван вуго гъова Мирзайин абун. Гьев Бакарги вукIана гъова экономистлъун хIалтIулев. Гьанже Ессентукиялде кьун буго гьез гIарза. 14 соналдасанищ гьезда лъараб совхозалъул бакIалда ГУП гьабун букIин? Амма дие гьелъул щибниги батIалъи гьечIо – совхоз бугониги, ГУП букIаниги».

Дагъистаналда советияб пачалихъ биххун хадуб гIемерисел магIишатазул къисмат тIидисезул магIишаталъулго гIадаб ккана – гьезул гьаруна СПКялги ГУПалги.

XS
SM
MD
LG