Peugeot, Citroen, Mitsubishi автомобилал риччай чIезабулеб буго 27 апрелалдаса Калугаялъул заводалъ. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго ИТАР-ТАССалъ.
Заводалъул пресс-хъулухъалъ биччараб лъазабиялда абулеб буго, гьелъие багьаналъун бугин Россиялъул автомобилазул базаралда гьезул продукция босиялде интрес гIодобе ккун букIин.
Россиялъул автомобилал риччалел цогидал заводазулги руго гьединалго проблемаби.
I8 марталда General Motors компаниялъ лъазабуна Россиялда Opel ва Chevrolet автомобилал соналъул ахиралде ричи чIезабизе букIиналъул хIакъалъулъ.
Жанубияб Кореялъул SsangYong Motor компаниялъ гьанжеялдего чIезабуна жиндирго автомобилазул экспорт Россиялде.
Риччалел Volkswagen автомобилазул къадар дагьлъизабизе хIадурлъулеб буго Калугаялъул заводги, Петербургалда бугеб Nissan биччалеб заводги.