Капиталазе амнистия лъазабиялда хурхураб къануналъул проект кьуна Россиялъул хIукуматалъ Пачалихъияб Думаялде.
Нагагьлъун гьеб проект къануналде буссани, 20I5 соналъул 3I декабралде гражданаз декларациялда бихьизабизе кколеб буго къватIисел улкабазда бугеб боголъиги банказда бугеб гIарацги.
Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевасул рагIабазда, бицен гьабулеб гьечIо капиталал Россиялде нахъе буссинариялъул, бицен гьабулеб буго, гьел капиталаздаса магъалаби ракIариялъул.