Ссылки для упрощенного доступа

Москваялда чIухь бана националистазул рукъзабахъ


Цебесеб соналъул 4 ноябралда тIобитIараб «ГIурусазул маршалда» хурхун, Москваялда националист Дмитрий Демушкинил, Владимир Торил, Владимир Ермолаевасул ва Денис Тюкинил рукъзабахъ чIухь бана. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Медиазона» агентлъиялъ.

ЦIех-рехх унеб буго миллатаздагьоркьосел жахIда бижинабиялда хурхараб такъсирияб ишалда хурхун. Материалаз бихьизабухъе, акциялъул гIахьалчагIаз гьарулел рукIун руго бусурбабазде рокьукълъи бижинабиялъул ахIиял.

XS
SM
MD
LG