Ссылки для упрощенного доступа

Санаялда гьарурал кьвагьизул къурбаназул къадар цIикIкIун буго


Ахирисел лъазабиязда рекъон, рузман къоялда Йеменалъул тахшагьар Санаялъул кIиго мажгиталда хвалде унез гьарурал кьвагьизул хIасилалда хваразул къадар бахун буго 137 чиясде. Лъукъун вуго 345 чи. Гьезул анцI-анцI чи рагIула захIматаб хIалалда.

ТIадекIанцIиязул жавабчилъи жидедего тIаде босун буго «Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъул Йеменалъул бутIаялъ.

XS
SM
MD
LG