Мажгиталда къургIан бухIиялъул гIайиб жинде гIунтIизабурай гIолохъанчIужу чIваялъул щвалде-щвараб цIех-рех гьаби тIалаб гьабуна Афгъанистаналъул президент Ашраф Гъаница.
Хамиз къоялда гIадамаз мажгиталда жанисан къватIие ехъерхъана чIужугIадан ва гьелда ганчIал речIана хвезегIан. Хадуб гьей юхIун йиго.
Гьелъул гIагаразул рагIабазда, гьей йикIун йиго психияб унти бугей яс.
Полициялъ ккун вуго гьей чIваялъул щаклъи бугев ункъго чи.
Президент Гъаница лъазабун буго, лъилниги гьечIин ихтияр жалго лъикIал лъугьун тамихI къотIизейин.