Ссылки для упрощенного доступа

«За права человека» гIуцIиялда тIад гIакIа лъун буго


«За права человека» абураб ТIолгороссиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул багъа-башариялда тIад лъун буго 300 азарго гъурщил гIакIа, «къватIисел улкабазул агент хIисабалда» жиндирго регистрация гьабиялдаса инкар гьабиялъе гIоло.
Гьединаб хIукму арбагI къоялда къабул гьабуна Москваялъул Мещанский мухъалъул диваналъ.
Гьеб гIуцIиялъул нухмалъулев Лев Пономаревас лъазабуна, жидеца гьеб хIукмуялда хурхун гIарза хъвазе бугин тIасияб инстанциялъул диваналдейин.
XS
SM
MD
LG