Ссылки для упрощенного доступа

Израилалда тIоритIулел руго кинабго халкъ гIахьаллъарал рищиял


Израилалда тIоритIулел руго кинабго халкъ гIахьаллъарал рищиял.

Политологазул къиматалда гьел кколел руго премьер-министр Беньямин Нетаньяхуде божилъи баянлъизабулеб, гьез абухъего, «формалияб гуреб референдум».

16 марталда рищарухъабазде хитIаб гьабулаго, Нетаньяхуца лъазабун букIана, нагагьлъун гьев цIидаса хъулухъалде вищани, жинца лъиданиги бачIеб Палестинаялъул пачалихъ гIуцIизе биччазе гьечIин.

Нетаньяху гьединго данде вуго Тегераналъул ядерияб программа цебетIеялда хурхун Ираналъулгун кинал рукIаниги къотIи-къаял гьариялде.

Нетаньяхул политикиял оппонентаз гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго, къватIисел хIинкъиязул аргументал, рищарухъабазул къвар жанисел проблемабаздаса цогидаб рахъалде буссинабиялъул мурадалда хIалтIизариялъул.

XS
SM
MD
LG