Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна жеги лъалеб гьечIин гьаб моцIалъул ахиралде Ираналъул атомияб программаялда сверун кинаб букIаниги къотIиялде рачIине ругелищали. Гьесул пикруялда, гьеб рахъалъ жеги хутIулел руго цоцазде ккечIел гIемарал суалал. Гьес гьедин абуна 14 марталда Мисралъул Шарм-Эль-Шейхалда экономикияб форумалда.
Ираналъул атомияб программаялда сверун данделъиялде Швейцариялде Керри ине вуго 15 марталда.