Европарламенталъ ахIулел руго Россиялъул оппозиционияв политик Борис Немцов чIваялъул лъидаго бачIеб халкъаздагьоркьосеб цIех-рех гьабизе. Хамиз къоялда гьелъ къабул гьабураб резолюциялда абулеб буго гьанжесеб Россиялда Немцов чIвай бугин бищунго кIудияб политикияб чIвай-хъвейин. Гьелда гьединго абулеб буго Путинил режималъ гьединал такъсирал гьаризе рес кьолеб политика билъанхъизабулеб бугин ва «Кремлалъул пропагандаялъ Россия сверизабун бугин репрессиязул, рокьукълъиялъул ва хIинкъиялъул укаялдейин» (гьеб букIана цитата).
Парламентарияз гьединго какулеб букIана Евроцолъиялъул цо-цо вакилзаби Немцов вукъиялъул тадбиралде Россиялъ риччачIолъиги.
Борис Немцов чIван вукIана 27 февралалъул къаси кватIараб гIужалда Кремлалдаса рикIкIад гьечIеб бакIалда.