Ссылки для упрощенного доступа

Немцовасул ишалда сверун сурав босун буго Бабушкинихъа


Россиялъул цIех-рехчагIаз сурав босун буго Москваялъул ЖамгIияб тохаллъи гьабулеб комитеталъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун президентасда цебе бугеб Шураялъул вакил Андрея Бабушкинихъа. Гьебги оппозиционияв политики Борис Немцов чIваялъул ишалъулъ нугI хIисабалда.

Бабушкиница бицун буго цIех-рехчагIаз цIехолеб букIанин Немцов чIваялда гIахьаллъиялъулъ щаклъи букIун туснахъалъур ккун ругезде аскIоре нуж иналъе гIилла щиб букIарабин. ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъабазухъе Бабушкиница кьун буго жанир ккуразе гIакъуба кьолеб бугин ракIалде ккезе хIужаби рукIиналда хурхун ЖамгIияб комитеталъ хIадурарал кагътал.

Бабушкинида цадахъ туснахъалде ун йикIарай «Московский Комсомолец» газетаялъул мухбир Ева Меркачеваги ахIун йиго сурав босизе.

Гьеб киналъего гIиллалъун ккун буго инсанасул ихтияр цIунулезде ва журналистаде Немцов чIваялъул ишалда сверун жанив тIамун вугев Заур Давудовас жинда гIайиб гьечIин ва цебе жив гIайибалъе мукIурлъун вукIарал рагIаби нахъе росулел ругин аби. Гьебго ишалда сверун жанир ккун ругел цогиязги бицун буго жидее гIакъуба кьолеб бугин ва кколаго жал руханин абун. Немцов чIван вукIана 27 февралалъул сардилъ Москваялда Кремлалда аскIов.

XS
SM
MD
LG