Ссылки для упрощенного доступа

Америкаялъул 47 сенаторас кагъат битIун буго Ираналъул нухмалъиялде


Америкаялъул республиканияб партиялъул 47 сенаторас итни къоялда Ираналъул нухмалъиялде битIараб кагътида абулеб буго, атомияб программаялда хурхун жидее данде кколареб къотIи гьабуни, гьеб къуваталда букIине бугин, ракIалде кковухъе, Барак Обама президентлъун вугеб гIанасеб заманалдайин.

ХъахIаб Рукъалъ кьварун какун буго къанунал рахъулезул гIадатияб гуреб гьеб демарш. ХъахIаб Рукъалъул вакилас лъазабуна сенаторазул гьеб политикияб маневралъ Обамал къватIисеб политикаялъул къадру хвезабулеб бугин.

Ираналде данде къуват хIалтIизабиялъе бугеб цого-цо альтернативалъун гьеб къотIи букIаниги гьелъул рахъ кколарезул гьобоялде лъим тIолеб бугин гьезин рикIкIунеб буго ХъахIаб Рукъалъ. Гьелде тIадеги, президент Обамал пикруяда, гьел сенатораз кколеб буго кинал рукIаниги къотIиязде данде ругел Ираналъул консерваторазул рахъ.

Демократияб партиялъул цониги сенаторас гьеб кагътида гъоркь гъулбас лъун гьечIо.

Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керри 15 марталда цIидасан ине вуго Швейцариялде. Гьенир цIидасан байбихьизе руго Тегераналъул атомияб программаялъул букIиниселда хурхун Ирангун Америкаялъул, Британиялъул, Франциялъул, Алманиялъул, Китаялъул ва Россияллъул кIалъа-ралъаял. Дипломатазул рагIабазда рекъон, бицен буго Ираналъ анцIго соналъ жидер атомияб программаялда тIад гьабулеб хIалтIи тIубанго чIезабиялъул. Гьелухъ хисун нахъе рахъизе руго Тегераналде данде гьарун ругел ва улкаялъул экономикаялъе зарал бугел экономикиял, финансазул ва дармил санкциял.

XS
SM
MD
LG