Ссылки для упрощенного доступа

Еврокомиссиялъул бетIерас ахIулел руго Евроцолъиялъул армия гIуцIиялде


Еврокомиссиялъул бетIер Жан-Клод Юнкерица ахIулел руго Евроцолъиялъул армия гIуцIиялде.

Welt am Sonntag абураб Германиялъул газетаялъе интервью кьолаго, Юнкерица абуна, гьединал къуватаз кумек гьабизе бугин Евроцолъи тун къватIир раккулел цIиял хIинкъиязе жаваб кьезейин ва гьединго Россиялда бичIинабизе, Европаялъул улкаби Евроцолъиялъул хазинаби цIуниялдаса инкар гьабизе хиял гьечIеблъи.

Юнкерил пикруялда, цIияб армиялъ квербакъи гьабизе буго, Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул мухIканаб курс ва гьелъул хIинкъигьечIолъиялъул сфераялда билъанхъизабизе кколеб политика баянлъизабизе.

Еврокомиссиялъул бетIерасул рагIабазда, бицен гьабулеб гьечIо НАТОялъулгун конкуренция гIуцIиялъул, бицен гьабулеб буго дунялалда лъугьа-бахъунелда хурхун жиндего тIаде жавабчилъи босиялъул Европаялъул ресал гIатIилъизариялъул.

«Европаялъул, гьелдаго гъорлъ гьелъул къватIисеб политикаялъул престижалъе, ахирисеб заманалда гIуралъ кIудияб зарал ккезабуна. Гьанже нижер бербалагьи букIине кколеб къагIидаялда гIадахъ босизехъинцин гьечIо», - ян абуна Юнкерица.

Журналистаз рикIкIунеб буго, евроинтеграциялъул процесс гъварилъиялде данде бугеб Британия букIине бегьулин гьеб инициативаялде данде, амма гьелъул рахъ кквезе бегьулин Германиялъин.

XS
SM
MD
LG