Минимум 10 гIанаб соналъ ядерияб программаялда тIад хIалтIи чIезабиялъул Америкаялъул нухмалъиялъул тIалаб нахъ чIван буго Тегераналъ.
Ираналъул къватIисел ишазул министр Джавад Зарифил рагIабазда, Вашингтоналъул тIалабал рукIана «цIакъго гIорхъаби гьечIел ва логикаялде данде кколарел».
Гьесго абулеб буго Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца гьел тIалабал загьир гьарунин «сурукъаб ва хIинкъиял къолеб» манераялдайин.
Барак Обамаца лъазабун букIана Ираналъул ядерияб программаялда хурхун халкъаздагьоркьосеб къотIи-къай гъулбасизе ккани, къваригIун бугин Тегераналъ гьеб программа минимум 10 соналъ «цIорозабизейин».