Ссылки для упрощенного доступа

Таджикистаналъул парламенталъул рищиязда бергьана президентасул партия


I марталда Таджикистаналда тIоритIарал парламенталъул рищиязда бергьун буго улкаялъул президентас нухмалъулеб Халкъиябгун демократияб партия.

Имомали РахIмонил партиялъе щун буго гьаркьазул 65 процент. Гьесул партиялъул аслияб конкурентлъун рикIкIунеб Исламияб партиялъе I, 5 процент гурони щун гьечIо. Цересел рищиязда гьелъие щун букIана гьаркьазул 8-ялдаса цIикIкIун процент.

XS
SM
MD
LG