Украиналда рагъ чIезабизе кколин абураб лъазаби тIибитIизабуна шамат къоялда «Яблоко» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ. Аза-азар чи гьенив чIвалев вугин, шагьаралгун росаби риххулел ругин ва рукъзал тун лъутулезул рикIкIен лъаларин абулеб буго гьелда. Россиялда экономикияб кризисалде рачараб гьеб рагъулгун Россиялъул ва Украиналъул халкъазул щибгIаги гIаммаб жоги гьечIин ва гьенире россиялъул армиялда ругел дагъистаниял ритIулел рукIиналъги кIудияб рахIатхвей бижизабулеб бугин абулеб буго гьелда. Гьеб рагъалъ Россиялда ахIвал-хIал хIалуцинабиялъул гIаламатлъун кколин Москва бакьулъ оппозиционер Борис Намцов чIвайги ва рагъ чIезабеян гьабулеб тIалабалъул рахъ кквезе жидеца республикаялъул киналго политикиял къуватал ахIулел ругин абулеб буго гьелда. Гьеб лъазабиялде дагъистаналъул нухмалъмялъул реакциялъул лъазаби букIинчIо.