Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна нагагь Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIалуцани Россиялде данде гьаризе ругел цIиял санкциял хIадурун ругин.
АрбагI къоялда Конгрессалда гьес абуна я Россиялъ ялъуни гьелъ рахъ кколел сепаратистаз Минскалда гьарурал ракълилал къотIи-къаял рукIине кколедухъ тIуразарулел гьечIин.
Гьелдаса цебе Франциялъул къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусица абун букIана Евроцолъиялъ Россиялде данде цIиял санкцил гьаризе ругин Россиялъул рахъ ккурал сепаратистал Мариуполалде тIаде кIанцIанийин.