Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевас лъазабуна улкаялда президентасул иргадулал гурел рищиял тIоритIизе ругин 26 апрелалдайин. Гьес гьедин абуна пачалихъияб телевидениялдасан 25 февралалда. Гьелъие гIиллалъун гьес рехсолеб буго президентасул ва парламентиял рищиял 2016 соналда тIоритIизе рихьизарун рукIин Конституциялде данде кколареб букIин ва гьединлъидал парламентиял рищиязе квал-квал гьабиларедухъ президентасул рищиял лъагIалица цере тIуразе ккей.
1989 соналдаса нахъе Казахстаналъе бетIерлъи гьабулев вугев Назарбаевас гьединго абуна улкаялъул халкъалъул мурад тIубан ва гьез жиндихъе гьарурал гьариязда рекъон, жинца хIукму гьабунин президентасул рищиял лъагIелалъ цере тIоритIизейин.
Гьеб хIукмуялъул рахъ кколеб букIиналъул лъазабун букIана араб анкьалдаго улкаялъул парламенталъул кIиябго кIалгIаялъги.