22-23 февралалда МахIачхъалаялда Авар театралъул минаялда исана кIиабилеб нухалда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялъул гIурхъабалъ хIадурараб магIарул басма бихьизабиялъул II-билеб тадбир. Соналдаса соналде гьеб тадбиралде кIвар цIикIкIунеб ва мацI цIуниялъе гьабулеб хIалтIи гIемерлъулеб бугин абулеб буго гьелъул гIахьалчагIаз.
МагIарул басма бихьизабиялъул тадбир
1
Тадбиралъул аслияб гlуцlарухъан 'Магlарул миллиябгун маданияб автономиялъул" хъарщиялда цее миллияб ретIел ретIарай гIадан
2
"Миллат" газеталъулги "Эркенлъи " радиоялъулги банеразда цере журналисталги жамгlиял церехъабиги.
3
Тадбиралда рихьизе лъурал диниял тIахьал.
4
Махlачхъалаялъул администрациялда информациялъул ва пресс-хъулухъалъул нухмалъулей хисулей Гlалимирзаева Зайнаб.
5
Авар театралъул кочIохъан Арсланова Раисат
6
"Авар ТВ" студиялъул жавабияв хlалтlухъан, Лабазанов Мухlамад
7
Хунзахъ мухъалъул «Росдал захlматчи» газеталъул бетlерай редактор Мухlамадова Фатима.
8
Гlарцул курхьабигун, баргъичалгун, кlилкlалгун ва гьеб гуреб цогидабгун рачIаразеги басмаялъул кIвар кIвар кIудияб букIана.
9
Миллияб ретlелги ретlун тадбиралде рачlун рукlана гьитlичалги