Ссылки для упрощенного доступа

Гъалгъаялъ ракIалде щвезарулел руго депортациялъул къурбанал


Гъалгъаялъ жакъа ракIалде щвезарулел руго 1944 соналда букIараб Сталинил депортациялъул къурбанал. Казахстаналде ва Гьоркьохъеб Азиялде гочинавун вукIана 650 азаргогIан чачаналгун-гъалгъаял. Доб мехалда гьелъие гIиллалъун лъазабун букIана гьел миллатазул гIадамазда гьоркьор дизертирал цIикIкIин, рагъул заманаялда армиялде инчIого рукIине къасд гьаби ва советияб улкаялда рагъулаб дандечIей хIадургьаби. Депортация гьабуразул бащдал хола нухда ва гIумруялъе киналгIаги шартIал гьечIел авлахъазде рехун тараб мехалда. ТIадруссине гьезие рес щун букIана 1957 соналда.

Сталинил депортациялъул къурбанал Чачанлъиялда 2012 соналдаса нахъе ракIалде щвезарула 10 маялда. Гьеб къо ккола гьединго республикаялъул президентлъун вукIарав АхIмад-хIажи Къадиров чIвараб къолъунги.

XS
SM
MD
LG