Харьковалда «ЯхIалъул марш» унеб мехалда ккун буго кьвагьи. Хун вуго лъабго чи, 10-яв лъукъунги вуго. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго низам цIунулел гIуцIияз. Тадбиралда гIахьаллъулезда гъорлъан чIужугIаданалъ лъазабуна, гьеб кьвагьи кканин марш тIобитIизе кколоннаби гIуцIулеб мехалдайин.
Киевалъул Майданалда хварал ракIалде щвезарун «ЯхIалъул маршал» тIоритIана гьатIан къоялда Украиналъул гIемер шагьаразда. Киевалда гьеб тIадбиралда гIахьаллъана Литваялъул, Латвиялъул, Польшаялъул, Германиялъул, Гуржиялъул, Молдовалъул, Словакиялъул ва Евроцолъиялъул лидерал.
Сон цебеккун 22 февралалда Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ тахалдаса махIрум гьавуна президентлъун вукIарав Виктор Янукович. Гьелда хадуб Украиналъул тахшагьаралда рагъарана гIемер халкъ гIахьаллъарал протесталъул акцияби. Гьелъул гIахьалчагIаз загьир гьабулеб букIана доб мехалъул нухмалъиялъ Евроцолъиялъулгун ассоциациялъул къотIи-къай гъулбасизе инкар гьабиялда разилъунгутIи..
ДандечIчIарал рахъазда гьоркьор ккарал тунка-гIусиязул хIасилалда хвана нусгоялдасаги цIикIкIун чи.