Парижалда Франциялъул президент Франсуа Олландицаги Германиялъул канцлер Ангела Меркелицаги хIукму гьабун буго 24 февралалда «Нормандиялъул ункъилабалъул» улкабазул къватIисел ишазул министразул данделъи тIобитIизе.
Франциялъул тахшагьаралда министраз гьоркьоб лъезе рагIула 12 февралалда гьарурал Минскалъул къотIи-къаял тIуразариялъул суал.
Цадахъаб пресс-конференциялда Олландица лъазабуна, рекъел чIезабиялъул къотIи-къай хвезабураб бокьараб рахъалда хурхун санкцияби хIалтIизариялъул хIинкъи бугин.
Ангела Меркелицаги лъазабуна, нагагьлъун гьеб къотIи-къай Россиялъ хвезабулеб бугони, гьелде дандеги цIиял санкцияби хIалтIизаризе бегьулин.