«Их» абун цIар лъураб оппозициялъул марш гIуцIулел разилъун руго гьеб Москваялъул рагIаллъуда бугеб Марьиноялда тIобитIизе. РПР-ПАРНАС партиялъул лидеразул цояв Борис Немцовасул рагIабазда, маршалъул гIахьалчагIазул тIалабал кIварабгIан гIемер чиясда рагIин буго гьеб марш тIобитIиялъул бакIалдасаги кIвар кIудияб суал.
Цогидав оппозициялъулазул лидер Алексей Навальныясги хъван букIана, Марьино бихьизабулеб букIиналдаса жиндир кIудияб ургъел гьечIин, гIадамазде аскIорегIан ругебгIан, жидее тIадегоги лъикI бугин.
«Яблоко» партиялъул лидер Сергей Митрохинида акциялъе бихьизабураб бакI бихьун буго гьелъул гIахьалчагIи хIакъир гьари хIисабалда ва маршалда гIахьаллъиялдаса инкар гьабун буго.
Маршалда загьир гьаризе ракIалда рагIула квен-тIехалъул эмбаргоялдаса инкар гьаби, армиялъеги полициялъеги биччалеб гIарцул къадар даглъизаби ва диваналъул системаялда реформаби тIоритIи.
Гьелда гIахаллъизе рес рагIула I00 азарго гIанав чи.