Нигериялъул армиялъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго, Монгуно шагьар босулеб мехалда «Боко ХIарам» абураб исламистазул гIуцIиялъул 300 чи чIваялъул хIакъалъулъ.
Гьеб информация тасдикъ гьабун гьечIо гьанжеги.
Монгуно жигьадистазул контролалде гъоркье ккун букIана январалда.
Нигериялъул армия шагьаралде жанибе щвана итни къоялда.