Гуржиязул прокуратураялъул лъазабиялда рекъон, Украиналъул нухмалъиялъ инкар гьабун буго Гуржиялъул экс-президент Михаил Саакашвилил ва Минюсталъул вукIарав бетIер Зураб Адеашвилил экстрадиция гьабизе.
Гуржиязул прокуратураялъул хIисабалда кIиявго политик гьанже рагIула Украиналда. Гуржиялъ кIиясдаго хурхун рагьун руго такъсириял ишал.
Михаил Саакашвили Украиналъул президентасул буюриялда рекъон тIамун вуго Порошенкол штаталда гьечIев кумекчилъун ва Халкъаздагьоркьосеб реформабазул консультативияб мажлисалъул бетIерлъун.
Цебеги Украиналъул хIукуматалда хъулухъал кьун рукIана гуржиязул чанго вакиласе