Халкъ Имам Яралиевасул рахъалда ругила, гьес гIадин шагьаралда хIалтIи лъицаниги гьабичIин рукIана гаргалел гьел хараби. Гьев цIунеян абун данделъиялъул ахиралда Россиялъул нухмалъиялъухъе хитIабги гьабуна гьез.
Данделъи тIобитIулеб букIана Дербенталда бугеб лезгиязул театралда, кIиго сагIаталъ кватIун байбихьана гьеб тадбир, щай гурелъул гьеб байбихьизе кколеб заманалда гьенире вачIарав чиго вукIинчIелъул. Ахирги-къадги лъана гьеб дандеруссиналде цохIо дербенталъул хараби гурониги, тIубараб жанубияб Дагъистаналдаса гIадамал ахIун рукIин, гьел заманалда рачIунгутIиялъ тату хвезабун бугоан данделъи гIуцIаразул. Квешги лъикIги гIадамалги данде гьарун байбихьараб гьеб тадбиралда цин бищана президиум.
Дербенталъул цIикIкIараб гIелалъул жамгIиял хIаракатчагIи рукIана гьеб президиумалъул гIахьалчагIилъунги. Данделъи рагьулаго гьеб бачунев Рабаданов Мурадханица лъазабуна гьеб тадбир гIуцIиялъе гIиллалъун кканила Дербенталъ 2000 сон тIубай кIодо гьабиялъул ва КIудияб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъиялъ босаралдаса 70 сон иналъуй байрамал кIодо гьаби бугилан. Гьел гIиллабазул сияхIалда лъабабилеб бакIалда Рабадановас рикIкIана шагьаралъул кIвар бугел масъалаби, амма щал масъалаби гьел кколелали мухIкан гьабичIо.
Гьедин кIалъазе рахъаразул щивас бицунеб букIана Имам Яралиевасул хIалтIизе бугеб гьунаралъулги, гьес шагьар цебетIезабиялъе гьабулеб бугеб кIудияб хIалтIулги. Яралиев нухмалъуде вачIун хадуб Дербенталда рухI речIчIанин, гьеб цIилъун бачIине бугин, цебе букIараб Дербентги гьанже бугеб шагьарги дандеццин ккун бажаруларин абуна жиндирго цеве вахъиналда Дербенталъул харабазул шураялъул нухмалъулев ХIасанов Зулпукъарица.
ХIасанов Зулпукъар: « Гьаб сагIат ургъунго багъаризабулеб буго республикаялъул тIалъиялъ Дербенталда жамгIиябгун-сиясатияб ахIвал – хIал. Гьезие къваригIун буго гьаниб жидерго сиясат билълъинабизе. Гьезие данде кколев гьечIо яхIги бугев, бажариги бугев, иццуллъимгIан вацIцIадав ритIухъав гьалмагъ Яралиев. Гьесул бажариялдалъун гурищ гьаб Дербеталъул 2000 сон тIубай кIодо гьабиялъе гIарац щвараб? Гьев гурищ бугелъуб бугебги тун сунтIениги регIичIого халкъалъе гьеб байрам гьабизе, шагьар къачIазе гIарац балагьизе Москваялде нахъе жиндирго гIарцухъ хьвадарав.
Гьев вукIинчIебани киданиги лъугьунароан гьабщинаб хIалтIи, амма гьелъие къимат кьолев чи вахъунев гьечIо. ГьечIеб бакIалда багьналги чIван гьесул хIалтIуда тIадкъалъазе, тIасан мацIал гьаризе, гьесда нахъасан хъубал харбал рицине гурони бажари гьечIел чагIазе къваригIун буго гьанже Дербенталъул нухмалъуде рачIине. Нижеда гьеб кинабго цIакъ лъикI лъала, гьел гIадамазул бажариги лъала, амма дербенталъулазе гьел къваригIун гьечIо. Республикаялъул тIалъиялъги гьел хIалихьатал хIаял гьаризе кколароан гьалмагъ Яралиевасда сверун. Гьезие киса-кирего къваригIун руго жидее хIел-хIедулел къул-къудулел чагIи тезе. Гьелда разигьечIезе рахIатги толеб гьечIо гьез. Гьез гьанже жидерго нахъегIанал ишал рагIалде рахъинариялъе гьез Дербенталда миллаталзда гьоркьоб дандеккунгутIабиги лъугьинарун, гьаниб бугеб тIалъи бахъизе къваригIун буго».
Гьединго кIалъазе рахъанщиназул разигьечIолъи бугоан Имам Яралиевасда тIад хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайиб гIунтIизабиялдасаги. Гьеб хIужаги хIалае ккун Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз Яралиевасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун бугинги лъазабуна гьеб данделъиялда кIалъазе рахъараз.
Дербенталъул мэриялъул юрист Джавадов Шевкетица данделъиялде ракIараразе баян гьабуна гьеб Яралиевасда тIад гьабураб такъсиргьабиялъул иш мекъи гьабун бугилан. Ургъунго гьесул хIалтIуе квалквал гьабизе ва гьесда хъулухъ тезабизелъун гьабунин гьебилан абуна юристас.
Джавадов Шевкет: «Имам Яралиевас 15 сотых ракьул жиндиего буссинабун бугин абун гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьел ракьал федералияб буголъилъун кколин абулеб буго цIех-рехчагIаз. Кколаро , гьел 2005-2006 соназдаго федералияб буголъиялдасаги рахъун гIадамазе рикьун рукIана. Гьедин бикьа-къотIун бахъана гьениб 400 мина базе бакI . Гьезда гьоркьоре унаан гьеб I5 сотых ракьулги. Гьел ракьалги шагьаралъу мэрас гуро кире рукIаниги кьолел ва лъиде рукIаниги руссинарулел. Гьеб иш гьабулел чагIи руго шагьаралъул буголъияллъул ва мал-мулкалъул идара. Гьезухъа букIине кколедухъ киналго документалги гьарун, кьун гIарацгун босун букIана гьеб ракь Яралиевас.
Гьанже гьесда гIайиб чIвазе багьана къваригIараб мехалда рикIаризе лъугьун руго цIех-рехалъул идараби. Гьеб ургъунго Дагъистаналъул тIалъиялъул заказалда рекъон гьабураб иш букIин лъала нижеда. ГьедигIан цIакъ ритIухълъи къваригIун батани гьезие доб I5 сотыхалда аскIоб букIараб чанго нусго гектар ракьул бикьулеб мехалда кире гьел ралагьун рукIарал? Цебе букIараб Дербенталъул нухмалъиялъ шагьранухлул рагIаллъабиги, шагьаралъул ахалги, ралъдал рагIаллъиги, школазулгун лъималазул ахазул ракьалги минабиги, шагьар бакьулъ букIараб стадионги бичулеб мехалда кир рукIарал гьел? Гьанже регIун руго ал ритIухълъи балагьизе. Нижеца гьеб такъсиргьабиялъул иш рагьи къануналде данде кколареблъун рикIкIуна, гьединлъидал гьелда тIасан гIарзаги хъвазе буго».
Ахиралдаги 200 гIан чияс гIахьаллъи гьабураб гьеб данделъиялъ хIукму гьабуна Дербенталда ургъунго лъугьинабулеб бугеб захIматаб жамгIиябгун-сиясатияб ахIвал-хIалалъулги Имам Яраливасде данде гьарулел ругел чорокал ишазда хурхун халагьиб байбихьейин абун Россиялъул нухмалъиялъухъе хитIаб гьабизе. Гьеб хIукмуялъул рахъккун залалда рукIанщиназ квералги рорхун гьеб мажлис къана.