Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевас абуна Америкаялъ ва Евроцолъиялъ цоцалъ рекъон Россиялде данде гьарурал санкциял «вахIщиял» ругин. Гьесул рагIабазда рекъон, гьел санкцияз зарал гьабулеб буго Казахстаналъеги ва гьес Централияб Азиялъул улкаби ахIулел руго долларалдаса инкар гьабизе.
11 февралалда хIукуматалъул данделъиялда кIалъалаго, Назарбаевас абуна экономикиял захIмалъаби Россиялъ «къадруялда нахъа тезе ругн ва нилъецаги гьебго гьабизе» бугин.
Араб соналда Россиялъул гъурущ цинтIаго гIодобе бортиялъул зарал Казахстаналъул компаниязе кканин ва гьеб киналъулго битIараб гьечIониги гIайиб Магърибалда бугин абулеб букIана гьес. Гьес улкаялъул Миллияб банк ахIана Казахстаналъул экономика долларалдаса эркен гьабизе ва улкаялъул халкъгун компаниял ахIана жидерго долларал тенгеязухъ хисизе ва улкаялдаго гьабураб къайи босизе.