Евроцолъиялъул гьоркьохъанлъиялдалъун Брюсселалда тIоритIарал кIалъа-ралъаязда Сербиялъ ва Косовоялъ гьабун буго шималияб Митровицалда этникияб рахъалъ жубараб диванхана гIуцIизе къотIи.
Митровица ккола Косовоялда этникиял сербазул къадар дагьаб бакI. Этникиял албаназул ва сербазул бащадабгIадинаб къадаралда рукIине руго гьенир прокуроралгун диванчагIи, амма лъалеб гьечIо гIицIго жидерго миллаталъул чагIазда хурхун ишазулищ гьез хал гьабизе бугебали. Гьеб хIукмуялъ рагIалде бахъинабулеб буго Сербиялда ва Косовоялда гьоркьор кIудиял бахIсал унел рукIараб суал. Косовоялъ жиб Сербиялдаса батIа тIураб букIиналъул лъазабун букIана 2008 соналда.