Алманиялъул къватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайерица лъазабуна итни къоялда жеги бичIчIулеб гьечIин 11 февралалда Минскалда Россиялъул, Украиналъул, Франциялъул ва Алманиялъул лидерал данделъизе ругелищали. Гьезул мурад буго Донбассалда бугеб рагъулаб конфликт ракълиде бачин. Штайнмайерил рагIабазда рекъон, гьеб данделъи тIобитIиялде цебе рекъезаризе кколел суалал хутIулел руго.
Минскалда «нормандиялъул форматин» абун лъалеб саммит гьабизе букIиналъул лъазабун букIана 8 февралалда Алманиялъул канцлер Ангела Меркель, Франциялъул лидер Франсуа Олланд, Украиналъул президент Петр Порошенко ва Россиялъул президент Владимир Путин телефоназдасан цоцазда кIалъан хадуб. Рузман къоялда Меркель ва Олланд щун рукIана Москваялде Путингун Украиналъул суалал дандразе. Гьенире рачIиналде цере гьел щун рукIана Киевалдеги.