ГьатIан къоялда Ираналъул тIадегIанав лидер аятолла Хаменеица лъазабухъе, гьес Ираналъул халкъалда цадахъ чIван къотIун рахъ кколеб буго жиндирго улкаялъул ядерияб программаялда хурхун Магърибалъулгун компромисс батиялъул.
«МухIканаб хIукму гьабиялъул мурадалда» кIалъа-басаял халат рахъинариялъул рахъ кколин жинцаян, лъазабуна гьес ИРНА абураб информагентлъиялъ тIибитIизабураб официалияб лъазабиялда.
Гьелдаго цадахъ Хаменица жубалеб буго, «квешаб къотIи-къай гьабиялдаса, гьеб гьабичIого теялъул рахъ кколин» жинцанийин.