Россиялъул, Германиялъул, Франциялъул ва Украиналъул лидерал дандчIвазе бегьула арбагI къоялда Минскалда Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб ахIвал-хIал гьоркьоб лъеялъул мурадалда.
«Нормандиялъулин» абулеб форматалда саммит хIадур гьабулеб букIиналъул хIакъалъулъ лъазабуна Германиялъул хIукуматалъул вакиль Штеффен Зайбертица.
Гьесул рагIабазда, планалда букIунхъе, гьатIан къоялда, Владимир Путиница, Ангела Меркелица, Франсуа Олландица ва Петр Порошенкоца гара-чIвари гьабуна телефоналдасахун. Гьез гьоркьоб лъун буго Украиналда конфликт рукIалиде бачиналъе гьаризе бегьулел тадбиразул пакет.
Гьеб хIалтIи халат бахъине бугин хадусеб къоялъгиян, лъазабуна Зайбертица. Германиялъул вакилас лъазабуна, букIинесеб арбагI къоялда Минскалда данчIвазе ругин гьединго Минскалъул къотIи-къай гъулбасарал рахъазул – ОБСЕялъул, Россиялъул, Украиналъул ва Россиялде мугъчIвай гьабулел сепаратистазул вакилзабийин.