Мюнхеналда тIобитIулеб хIинкъигьечIолъхиялъул рахъалдаса халкъазда гьоркьосеб конференциялда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас НАТОялдеги Цолъарал Штатаздеги гIайиб гIунтIизабуна Европаялда, хасго Украиналда, хIинкъигьечIолъи жагъаллъизабиялъул ва лъазабуна Евроцолъиялъулги Россиялъул цадахъал ишал гьариялъул практикаялда бажаричIин хьулал мурадазде щвезаризейин.
Лавровасул рагIабазда, гьелъие гIилалъун лъугьун буго Россиялъулгун гьоркьорлъаби гIуцIулеб мехалда Европаялъ «конфронтациялъул нух» бищун букIиналъ.
Министрас лъазабуна «Европаялъул хIинкъигьечIолъи гIуцIиялъул рахъалда ругел «гъваридал проблемабазул» хIакъалъулъ. Гьеб бихьизабунин ахирисеб соналъул хIужжабазин, жубана Россиялъул министрас.
Лавровас мухIанлъизабичIо кинал хIужжабазул бицен гьабулеб бугебали, амма тIадеги жубана, щибаб нухалда Магърибалъ гIайибал Россиялда гIунтIизарулел ругин.
Украиналда хурхунги Лавровас гIайиб гIунтIизабуна Цолъарал Штатаздеги Евроцолъиялдеги, гьез Донбассалда конфликталъул эскалациялъе квербакъи гьабулеб бугинги абун. Гьелдаго цадахъ гьес кIвар буссинабуна, кризисалъе ахир ракълилаб къагIидаялда лъеялъе гьанжеги ресал хутIулел рукIиналде.