Ссылки для упрощенного доступа

"Ислмияб пачалихъ" гIуцIиялъул позициязда кьабиял щвезаруна Ордоналъул авиациялъ


Ордоналъ лъазабуна, «Исламияб пачалихъ абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъул позициязде щвезарурал кьабиял кколин чIагого вухIарав жидер пилотасухъ рецIел босиялъе гьабулеб кампаниялъул байбихьийин, жидеца гьеб халат бахъинабизе бугин исламистал тIуранго тагIинаризегIанин.

Рагъулазул лъазабиязда рекъон, 5 февралалда Ордоналъул анцI-анцI аэропланаз къуватаб кьаби щвезабун буго эктремитсияб гIуцIиялъул ругьунлъиязул базаялдаса гулла-хер цIунулеб пункталдаги.

XS
SM
MD
LG