Ссылки для упрощенного доступа

Соналъул ахиралде Россиялда къазе бегьула информалатазул 20 гIанаб процент


Пачалихъалъ берцинго ургъичIого къабул гьарурал хIукмабазеги къануназеги гIоло соналъул ахиралде къазе бегьула информалатазул 20 гIанаб процент.

Гьелъул хIакъалъулъ МГУялъул журналистикаялъул факультеталда тIобитIараб конференциялда лъазабуна «Московский комсомолец» газетаялъул бетIерав редактор Павел Гусевас.

Гьес абуна, доб яги гьаб къануyалъул, гьединго пачалихъияв хъулухъчиясул тIалабалда рекъон приоритетал лъезе ва базаралъул къагIидаби хисизаризе бегьуларин.

Гьесул рагIабазда ахирисеб лъабгогун бащадаб соналда жаниб гьабун буго СМИязул хIакъалъул къануналъул система хвезабулеб нусгогIанаб хиса-баси.

XS
SM
MD
LG